Дагестан Ахмед Закариев




Список песен исполнителя Ахмед Закариев

Ахмед Закариев - Дагестан

Исполнитель: Ахмед Закариев

Название: Дагестан

Читали раз: 838

Текст песни:

Ассаламу ГIалейкум
Сахабатаб дир миллят
БачIараб къо борлъунел
Къадруяб мугIрул васал
Салам нужой гIагарал
Гьайбатаб дир ракI цоял
МугIрузул адаб намус
Яс-бер гIадин цIунараб

Салам, дир магIарулал
Сахлъи бахIарчияб халкъ
Салам дуде чIухIараб
Аваданаб Дагъистан

Шамил Имамасул ракь
МахIмудил рокьул улка
ТIогьол цIурал байдаби
Берцинлъи дур Дагъистан
Кьурулъан чвахулеб гIор
Чундузул цIурал рохьал
Бихьун бер гIорцIулареб
ГIажаибаб дир ВатIан

Нилъ Хочбарил наслаби
ХIажимурадил миллят
Шагьирзабазул улка
Устарзабазул ВатIан
РачIа цоцахъ гъункизе
РачIа рекъель цIунизе
Хириял магIарулал
РачIа вацлъи цIунизе.



Комментарии:

Добавить комментарий